Гуру Песен Популярное
А Б В Г Д Е Ж З И К Л М Н О П Р С Т У Ф Х Ц Ч Ш Э Ю Я
# A B C D E F G H I J K L M N O P Q R S T U V W X Y Z

Батлух - О смерти Пророка ﷺ (на аварском) | Текст песни и Перевод на русский

Pesni.guru - сайт для Гуру

Хирав ХIабибасул бетIер унтидал,
ФатIимат яхъана бетIер бухьине.
ГIаишат йилълъана бусен тIамизе,
ТIад вегизе, – абун, – Бичасул Расул.

Цо чанго къояца бетIерги унтун,
Бусаде кканила хирияв ХIабиб.
ВачIун рагьде щвана дов Малакуль мавт,
Жив жанив лъугьине фурман бугищан.

ФатIимат яхъана нуцIихъа къватIий,
Мун жанив лъугьине фурман гьечIилан,
Дуда кIалъаледухъ ХIабиб гурилан,
БетIер унтун, захIмат Расул вугилан.

Гьабизе жо хвана ГIизраиласул –
Жаниве инеги досдаса нечон,
Жаниве инеги досдаса нечон,
Нахъего вуссине Бичасда хIинкъун.

ХIабибас гьикъана ФатIиматида:
– Гьаб щиб доба, дир яс, гIисинаб гаргар?
– Гьобол вачIун вугин, эмен, нилъехъе,
Макка-Мадиналда вижун вихьичIев.
Макка-Мадиналда вижун вихьичIев,
Вихьизе рокьукъав цо гьобол вуго,
Жив жанив лъугьине фурман бугищан,
Жив жанив лъугьине фурман бугищан.
– Гьелеха гьев, дир яс, дов Малакуль мавт,
ГIадада рокъове кидаго щвечIев,
ГIадада рокъове кидаго щвечIев,
ЧIового рокъосан къватIий лъугьинчIев.
Улбул гIодизарун лъимал рачунев,
Лъимал бесдал гьарун улбул рачунев,
Ханзаби мерхьунев, хобал гIуцIулев,
Занаби чIунтулев – дов Малакуль мавт.
Виччан те рокъове, разияв вуго.

– Ас-салам гIалайкум, йа Расулаллагь!
– ВагIалайкум салам, йа Малакуль мавт!
Дир рухI босизейищ мун дихъ вачIарав?
– Дуе бокьанани рухIги босила,
Дуе бокьичIони зияраталъе...
– Дир гьудул Джабраил кивехун тарав? –
Гьедин гаргадула кIиялго рукIун,
Гьедин гаргадула кIиялго рукIун.

ВачIун тIад щванила Джабраил малаик:
– Ас-салам гIалайкум, йа Расулаллагь!
– ВагIалайкум салам, гьудул Джабраил!
Фанаяб дуньял тун гьалмагъ унелъул,
АскIов ватуларев гьалмагъ вукIунищ?
Бице цо, Джабраил, дий бугеб рохел,
Дий Аллагьасдаса бугеб батани.
– Микьабго алжанги рагь-рагьун руго,
Алжаналда ругел хIурулгIинзаби,
Алжаналда ругел хIурулгIинзаби
Ралагьун чIун руго мун тIад щвеялъухъ.
Анкьабго зоб цIурал малаикзаби
Мухъал гьарун руго мун тIад щвеялъухъ.
– Гьеб гуро, Джабраил, дий бугеб рохел.
Дир умматалъесеб рохел щиб бугеб?
Дие ургъел бугеб – дир уммат буго,
ГIакъуба, къварилъи бихьилин абун,
ГIакъуба, къварилъи бихьилин абун,
СиратIалъул кьода ратилин абун.
– Мунги дур умматги цере инчIого,
Цоги Русулазе алжан гьечIила.
– Гьанже изну буго дир рухI босизе.

Цинги тIад лъугьана дов Малакуль мавт.
Каранде рухI щведал «чIа» – янги абун,
Кверал тIиритIана, Расул гIодана:
– ГьадигIан цIакъищха, дир умматалъул,
Дуца рухI босилеб, йа Малакуль мавт?
Дир умматалдаса рухIалъул кьогIлъи,
Гьеб тIадги кьелила, йа дир БетIергьан.

Гьев Расул пашманаб, шайтIан бохараб,
ШайтIаналъул нухда, воре, хьвадуге!
Гьев Расул пашманаб, шайтIан бохараб,
ШайтIаналъул нухда, воре, хьвадуге!


Статистика страницы на pesni.guru ▼
Просмотров сегодня: 1
Видео
Нет видео
-