Гуру Песен Популярное
А Б В Г Д Е Ж З И К Л М Н О П Р С Т У Ф Х Ц Ч Ш Э Ю Я
# A B C D E F G H I J K L M N O P Q R S T U V W X Y Z

гр. Салаватия - Бадавил Шамиль | Текст песни

УНЕЛ РУГО БИХЬИНАЛ

Унел руго бихьинал
Рохьилаца къорги гъун
Къалел гьечlо гьел нахъе
Нахъа роххел бугелъул.

Рихун буго гьаб дунял
Диналъухъ урхъаразда
Ахир-къадги къаникье
Руссинчlого рес гьечlеб.

Росдай г1оло къо борхун
Барзахалде аразе
Аза- азар даража
Доб алжаналда щваги.

ШАМВИЛ ибну Бадави
Бугебищ дие изно?
Аслияб ват1аналде
Мун накълолъи баркизе.

Барка дуе шагьидлъи
Щвана мун мурадалде
Щоларилан вук1араб
Рек1елаб анищалде.

Барка дуе данделъи
Нилъерго АВАРАГ-гун
Эсул нухда жал ч1арал
Ч1ах1иял акът1абалгун.

Эзда гъорлъаги хасго
Хирияв дур УСТАРГУН
Эзул шафаг1атги щун
Щваги мун алжаналде.

Алжанги кин щвелареб
Мун г1адав муридасе
Малг1уназ ч1валелъулги
Ч1умал духъа рортич1ин

Жегиги хамизалъ хвей
Хадусеб къоялъ вукъи
Къиматаб ниг1мат бук1ин
Рак1ч1ун лъала нилъеда.

Бице нижерги салам
Бегавул ХАЛИДИДА
Хадуб МУХ1АМАДИДА
Ях1 бугел бах1арзада.

Рагъул майдан шарт1 гуро
Шагьидлъун чи вахъине
Чорхолъ иях1 бугезе
БИЧАС кьола ризкъилъун.

Чурхдул къурбанлъун гьарун
Къаникье руссаразе
Росуцоязул дуг1а
Даимлъилин хьул буго.

Другие названия этого текста
  • гр. Салаватия - Бадавил Шамиль (0)
  • Шамиль ибну Бадави - Бадавил Шамиль (0)
Статистика страницы на pesni.guru ▼
Просмотров сегодня: 2
Видео
Нет видео
-